Перейти к содержанию

Бусурманчи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Бусурманчи (гӀар. مسلم‎‎ [муслим], бусурманчIужу مسلمة‎ [муслимат]) — Ислам-дин ккурав чи. ХIуригаталда цебе Россиялда бурманчагIазда абулаан магометаналилан, гьелдаги цебе — бусурмáналилан.

Бусурбабазул мукъадасатаб, ай гьезие хирияб техь буго Къуръан. Бусурбаби божула Къуръан - гьеб ТIадегIанав Аллагьасул калам букIиналдаги ва гьеб Жабраил малаикасдасан вахIьюги гьабун МухIаммад аварагасухъ рещтараб букIиналдаги. Бусурбаби гьединго Къуръаналда хъвараб жоялъе мутIигIлъула, ва МухIаммад аварагасул гIелму-хIадисалъеги[1].

Бусурбабазул къадар процентазда (2009)

Муслим-илан абураб гIараб рагIиялъул магIна буго «(Аллагьасе) мутIигIлъарав» яги «Аллагьасда таваккалги гьабун Досие мутIигIлъаравилан» абураб магIна, гьелдаго релъун буго ислам-илан абураб рагIиялъул магIна — «мутIигIлъи». В. М. Пороховаялъ абула буго: «Бищун битIараб гIараб „бусурманчиян“ абураб рагIиялъул магIна бугила — „Аллагьасае мутIигIлъарав чи-илан“».

  1. The Qurʼan and Sayings of Prophet Muhammad: Selections Annotated & Explained. SkyLight Paths Publishing. 2007. гьл. 21–. ISBN 978-1-59473-222-5. Retrieved 31 August 2013. {{cite book}}: Check date values in: |accessdate= (help)